КЬАЛУЛ КУЧIДУЛ

 

Хучбар

ВитIун чи вачIана хундерил боца,

Хунзахъе Хучубар вачIайин абун.

– Унге, эбел хваяв, тIаде Хунзахъе,

Дуйго Нуцалханил рекIкIин батилеб,

Дуйго хIедулазул хIилла батилеб.

– АхIун чи вачIиндал дун инчIеб мехалъ,

ХIинкъунилан ккела дол хIедулада,

Къанилан ккеларищ дун Нуцалида?

Живго Нуцалханий цо чу бачана,

Нуцалил лъадуе маргъич босана,

АхIун вачIарасе бачун квий кьуна,

Гьениса вилълъана тIаде Хунзахъе.

 – Ассалам гIалайкум, Хунзахъ Нуцалхан!

 – ВагIалайкум салам, лачин Хучубар!

 – Дуегойи, Нуцал, дун къваригIарав,

Дурго бодуедай дун хIажалъарав?

 – Диела, Хучубар, мун къваригIарав,

Дирго бодуеги мун хIажалъарав.

Нуцалил рокъове жив щвараб мехалъ,

БагIарал хIатIада хIатIимахх бана,

КIалдибеги бана квеш маххул синжир.

Цо гIакIа ахIана Нуцалил росулъ:

«ХIамул ругелаца хIамудги босе,

ХIамул гьечIелаца магьидги бачче!»

– Вилълъа ле, Хучубар, ТIалтIа гьоцIире,

Махсару рагIулин гIолохъабазул.

– Валлагь, вилълъуневха, щай вилълъунарев,

Махсаруяли дий цIакъин бокьулеб.

Гьеб ТIалтIа гьоцIиве жив щвараб мехалъ,

Цо цIа баканила ТIалтIа гьоцIибе,    

ТIалу багIарараб, дунял хинлъараб.

– КечI axIe, Хучубар, щай ахIулареб,

КечI ахIизеяли цIакъав рагIулин.

Кьурде ле, Хучубар, щай кьурдуларев,

Кьурдизеяли мун лъикIав рагIулин.

– КечI ахIизеяли цIакъав вукIарав,

КечI ахIулеб кIалдиб синжир бан буго.

Кьурдизеяли дун лъикIав вукIарав,

Кьурдулел хIатIада хIатIимахх буго.

Дир кIалдибе бараб квеш маххул синжир

Квешаб мочол чедлъун бич-бичун аги!

Дир хIатIада бараб квешаб хIатIимахх

Бакълъуда миччилгIан бихх-биххун аги!

Кинго ахIейилан хIалги течIелъул,

Цо кечI ахIанила Хучубарица:

– Гьеб хундерил росулъ берцинал ясал,

Берциналал рихьун, гьел кIвекIарав щив?

Нужер магIардаса кьариял чуял,

TIaca кьалал рахъун, гьел ричарав щив?

ГIурул рагIалалда оцазул ручнул,

Лъица оцал хъамун, чIорого ругел?

Гьадал тIаса ругел къорол руччаби,

Лъица россалги чIван, къороллъун ругел?

Гьадал тIаса ругел гIисинал лъимал,

Лъица умумул чIван, бесдаллъун ругел?

Хунзахъ ГIумаханил гIарцул хъалиман

ЧIарде босун цIана Хучубарица.

ГIумаханил Бахул дарайдул горде,

Гордонисан лъугьун, лъица бахъараб?

Гьиналъе гьарурал Нуцалил васал

Цо-цо накуялде цо-цо вегана.

Цин-циял къвалакье гьел васалги ккун,

КIанцIун виччанила Хучбар цIадаве.

– Щайзе зигардулел, умумул хваял,

Нужерго умумуз бакараб цIайин!

Жеги Хучубарил михъцин чIурхIичIо,

КIиго гьиналъул вас вухIулев вуго.

– Риччаела, Хучбар, гьел лъимал къватIир

Дуйго Нуцалханил ханлъиги кьелин!

 – Валлагь, риччаларо гьал лъимал къватI

Риччазелан къачIо ц!адаре къвалакь.

Саламилан абе дир эбелалда,

ДубгIайилан абе Гьидалъ боялда,

ГIададани хвечIо нужер Хучубар,

КIиго лочнол хоно бекун гурони.

Радал-къалъизегIан къалигун зурма,

ГIи гъурулев гъалбацI кодов щванилан.

Къалъудаса нахъе чIегIераб магIу,

КIиго гьиналъул вас цIед вухIанилан.

 

Хучбар

(ТIубанго кодобе щвечIеб вариант)

Ханзабазул ясал асир гьарурав

Гьидерил Хучбарил хабар бицинзин.

Бицаде мискинлъи эркен гьабурав

Гьидалъа багьадур кочIолъ рехсезин.

Бечедазул рехъай рохьазде хъамун,

Ракъаразе кьурав кьалул бахIарчи.

Хундерил ханзаби хачадизарун,

Руччаби квегъарав сардил чанахъан.

Кинго ханас гъураб гудрад кквечIев мун,

ХIиллаялъ вухIана хIакъирав ханас.

АхIун чи вачIиндал дун уневилан,

Дуца рачел къана къватIив вахъине:

– АхIун вугин, эбел, хундерил ханас,

Кьун бихье дий гIакълу, щиб гьабундай лъикI?

– Божуге, чорхол pyxI, гьел ханзабазда,

РекIкIалъе гурого гьел ратуларин.

Бухьунге, эбелхвад, Хунзахъе сапар,

Дове-нахъеялъул нух кквезе гурин.

 Гьаб росу-жамагIат, кьун бихье гIакълу,

Кьолон лъикIищ айгъир, Хунзахъе ине?

– Хучбар – росдал гъалбацI, кIалкъулаб хъу

Хъамал гьавила мун нуцалзабаца.

Кин дур ракI божулеб дол ханзабазда,

Дозул боял асир гьарунги рукIун?

Кин айгъир кьололеб Хунзахъе ине,

Айгъир кьолонщинал ракьулъги рукъун?

Росдал жамагIаталъ малъухъе чIани,

ВачIинарин жаваб битIила дуца.

– Ина, дир хириял, дун ахIаралъув,

Хан бахIарчилъуни, чарлъуге абе.

Вахина Хунзахъе дун нуцалихъе,

Нуцалчи ватани рекIлъуге абе.

...АхIун вачIарасда дарай бухьана,

Ханасул ясазе курхьаби ххуна.

ГIолохъабаз кьили чода тIад лъуна,

Лъадуца буртина, чухъа къачIана.

Херай эбелалъул тIуртIулел квераз,

Хулжиниб квине жо – гьангун чед лъуна

Росу-жамагIатгун къолъикI гьабуна,

ЖамагIаталъ гьесда гьадин абуна:

– Гьидалъ улкаялъул саламги бицун,

Дуца абе, Хочбар, нуцалханасда,

Нилъер улка жибго эркенго теян,

ТIамах, рахъуялде гIунтIун тIад лъург

БакIаб магъалоги тIаса бахъеян.

Бичасе суннат кьун, ракьалда бугеб

Мугжул хъахIаб агьлу жахIабго теян.

Дуе нух битIаги, бодул цевехъан,

ЯхI баччун вахъарав – вуссаги рокъо!

...Эбел-лъадиялъе къолъикIги гьабун,

КъватIиве лъугьана гьидерил лачен.

Росдал васалазул квералги росун,

Сапаралъ къокъана бодул цевехъан.

Бодулъ чIел босарав бахIарчиясда

Рохел баркун, данде рахъарал гIадин,

ГьитIинал-кIудиял, руччаби-лъимал –

Данде бахъун буго хундерил росу.

Хучбар тIаде щвана, хваш-маш гьабут

ГьитIиназул рохи, сверун расанди,

КIудиязул гьими, цоцазда щури.

Рехъалъе кIанцIараб хъумур ккураб кин

Сверун гурун бугеб гIолохъанаб гIел.

РагIула ахщолев хундерил магъущ:

“БацIил тIом чIурхIизе гьоцIире русса!

ГьоцIабахъ цIа боркьун багIарун буги

Къисас босизе же, къорол руччаби!

Лъимал бесдал тараб тула ккун бугин,

Бугес бугеб ццингун хекко гьоцIире!”

Хочбар сверун ккурал цоцахъ гьимана,

Цеве лъугьун нуцал гьадин кIалъана:

– ВачIая цевегIан, квачан вихьулин,

Боркьараб цIа бугин, цIул гьарза лъураб.

Биче тIаса ярагъ, рагьда гурелъул,

Дуйго квалквалалъе букIунгутIизе.

Кье айгъиралъул квелъ нукарзабахъе,

ЧамастакIил таргьа габуниб ххезе.

– Бихьула, нуцалхан, рачI гьечIониги,

Царал гIамал буго, гIунги тIокIаб дулъ.

Нужер – ханзабазул гIадат бугелъул,

Бигьаго хиянат квелъ бан рекIунеб.

ГьитIинго батараб тайпалъидал нуж,

Макруялда къвал бан, гIумру тIамулеб.

Дурги бахIарчилъи бугин ватила,

Гьанже цеве вахъун гаргалев вугев?

Дурги гьунарилан ватила гьимун,

ХIиллаялъе цо чи тIадеги ахIун.

Чанги дун боялгун вачIарав кIочон,

Гьанже мун цIакъ чIухIун вуго кIалъалев.

МагIарул бодуе бицен букIине,

АхIидал вачIанин, гIемер чIухIуге.

Дур гIадаб къабихIаб гIамал гьечIеблъи

ГIадамазда лъазе вачIун вугин дун.

 

Надир-Шагь щущахъ виххизави

ГIенекке, гIадамал, хабар бицинде,

Бицун рагIаразе кици гIадинаб,

АхIизе лъарасе туркби гIадинаб.

Нусазар чи вуго Хварайсиналда,

Гьелги цадахъ гьарун къокъанин

Таймас Базарго гIемераб доб Табризалда,

Базар цадахъ гьабун, гьелги рачана.

Я ЧагIиго гIемерал дол хIамавурал

Чуял къачIазелан цере лъугьана.

Къапила пуланаб Бадияралде

ГIараби боязул богъи тIамана.

Гьебщинаб улка-ракь квердеги босун,

Босанщинаб улка цадахъги бачун,

Багъарана гъажар доб Туплисалде.

Туплисалъул ханги теларин абун.

Туплис рагIалалде жал щвараб мехалъ,

Суждаялде ккана Туплисалъул хан.

Азнавурзабазул бутIрулги къотIун,

ТIад харжги хъван тана даб Туплисалд

Гьебщинаб улка-ракь квердеги босун,

Босанщинаб улка цадахъги бачун,

Багъарана гъажар даб Гъолодебе.

Я дал гъолодесел женца таниги

Ибрагьим-хан чIварал теларен абун

Ибрагьим-хан чIварал цIеца рухТана,

ЦIаракухе ясал рехерхун ана,

ЦIа тIамун къвагъана къамишул рукъзал

Мисри-Шамалдасан хвалченги босун,

Хадусйналдасан магъало босун,

Къилбагимо КагIба къваридги гьабун,

Халбат шагьаралъул боялги рачун,

ГIияде къачIараб гъанда бацI гIадин,

КъачIана Таймас-хан Дагъистаналде.

ГIадан-чи щолареб уцумизул ракь,

Гьенив мун щваравго, гьелги хIинкъана.

Гьебщинаб улка-ракь квердеги босун,

Босанщинаб улка цадахъги бачун,

Багъарана гъажар даб Гъомекибе,    

Къивуда Сурхайил хIал бихьизелан.

Улка-ракь гIемерав Квер гьечIев Сурхай

Цо къо къалъиналде кверде восана.

Сверухъ цIар рагIарай Сурхайил ГIайшат

Гьев гъажарасулгун босен цолъана.

Гьебщинаб улка-ракь квердеги босун,

Босанщинаб улка цадахъги бачун,

Багъарана гъажар ГIандаллъиялде,

ГIандалазул къади къура вузелан.

Дунял квенде гIуpaб гIаздагьодал тIинчI,

ГIен буген дур бицен, гIодов балагье!..

МохIоб-ЧIалда гьоркьоб чадиралги чIван,

ГIабхъадерил магъилъ чуялги рухьун,

Бухтибгимо Шитлиб цIаялги ракун,

ХицIибе магъилъе рагъги тIибитIун,

Балеб ахIи буго Дагъистаналде.

Гьеб-дабалъул бицун ниж рагъулаго,

КIалъазе рекIарав хваяв Таймас-хан:

– Балагье, балагье, Квер гьечIев Сурхай,

Дирал кутузухъги дур гIункIкIазухъги! _

– Бицуге, гъажарав, гьединаб хабар,

Тирула-сверула гьаб бакъул дунял!

БацIил гIамал бугел гьал магIарулал,

Метериса лъала дуда гьазул хIал!

Гьединаб хIалалда ниж рагъулаго,

Къойл гIакIа ахIула сугъулдерица:

«Жакъа чучарасул чилъи бухIайги,

Чучун вагъарасул лъадул цIар ккайги!

Вай гьа гIолохъаби, гьу гIолохъаби,

Агиласул хIуриб къаргъагIагило,

ХIебул рагIалалда булчIоргIагило!

Жакъа чучаравги дир чукъа гуро,

Чучун вагъаравги дир гьалмагъ гьечIо.

Кьабе, гIолохъаби, чарамул хулчби.

Хвалчадул балада Шоётизтан!

Кьвагье, гIолохъаби, дурусал хъирмал.

Хъирмазул кIалазда кIкIуй бетизегIан!»

КьабгIезе рекIана гьел гIолохъаби.

Хвалчен кьабуралъуб чалмаги жемун.

Кьвагьдезе рекIана гIисин нуцаби,

Гулла речIаралъуб чIортоги бугIун

Гьединаб хIалалда ниж рагъулаго,

Хъван кагъат битIараб хундерил боде:

Гьадин ругин абун, лъикI гьечIин абун,

Сверун гъужрузги ккун, къварид ругилан.

Гьеб кагътил мухIканлъи жидехъе щведал

КъачIалел рагIула Хунзахъ Дайтилал.

БацIил лъулдул ругел тумакIал росун,

ХIанчIил бер толарел хъирмал хъатикь ккун

Маххул къулдабигин, къатIипа ретIун,

КIалалъ махх букъулел чуялги рачун,

Гьединаб хIалалда жал унеб мехалъ,

ГIодор рещтIанила малайикзаби,

Сверухъ лъугьанила хIурулгIензаби,

Гьаб нухалда талихI нужей кьегиян.

Цо гъугъай бахъана жазаиразул,

Цойги гъугъай буго истампулазул...

КIалъазе рекIана давго Таймас-хан:

– Дуе гIумру кьеяв Квер гьечIев Сурхай,

ТIаде щвараб къукъа щио рахъалдасан?

ГIумру кьун вохаяв Квер гьечIев Сурхай,

Гъав чIегIер чодулав лъил васдай вугев?

– ТIаде щвараб къукъа – Хунзахъ Дайтилал

ТуманкIул кIуйдуца дунял къвагъарал!

Бицулел рагIичIищ – лъикIал бахIарзал?

Гъав чIегIер чодулав – дир МуртазгIали,

Жиндир кIиябго квер къотIун бортаяв!

Дурабго бортаги, Квер гьечIев Сурхай, –

ГIайибилан ккечIищ – лъикIав багьадур:

Чода тIаде вахун, хвалчен хьвагIула, –

Магьдикьеги кIанцIун, туманкI кьвагьула!

Дир бугебжо улка дур ани, Сурхай,

Дур Хунзахъ Дайтилал дир ани, Сурхай!

Дир гIарацгин месед дур ани, Сурхай,

Дур МуртазагIали дир ани, Сурхай!

Гьев МуртазагIалил хIурматин абун,

Кверазда бараб махх эмсул ричIана.

Гьев МуртазагIалил хIурматин абун,

Я гьей Пайшатилгин босен бищана.

Гьениса лъутараб гъажаразул бо,

Нахъ хвалчен бацIараб гIолохъабаца.

ЦIоралъул Коралда курмул цузегIан,

Гьединаб хIалалда щвезе гьаруна.

Гьеб гIелищ, гIеларищ, хIама гъажарав,

ТIад вуссун вачIани, гIияхъе хъвехъла!

Дорма къватIиб босун, боде балагьдар,

БацIцIун гъурун буго гъажарил улка.

РачIа, магIарулал, рекъел гьабизе:

Васал ракьлищ нужей? Кьела нуцаби,

Исхъалдул чухъилъан гъуждул раккарал.

Ясал ракьлищ нужей? Кьела мусудул,

Меседил гарбиде гъалал гьурщарал.

ГIарац бакьлищ нужей? Къолоца бала,

Надиршагьил сурат кумар рахъ бугаб.

Месед бакьлищ нужей? СахIица бала,

ГъалбацIидул мугьру мекъаб рахъ бугаб.

Васал ракьла нижей, гIемерал ракьла,

Нижерго гьунаралъ рахъарал ракьла.

Ясал ракьла нижей, гIемерал ракьла,

Нижерго хвалчаца росарал ракьла.

Месед бакьла нижей, гIемераб бакьла,

Нижерго хъирмаца бахъараб бакьла.

Васал ругелазе исхъали буго,

Ясал ругелазе тархана буго,

Камараб жо гьечIо гъажар тукада.

 

ГIумаханасде

Чанги хан вахъана гIатIиракьалда,

Пулаво кваналев, чалтук бекьулев.

Цо хан вахъун вуго Хундерил ТIалтIа,

Харица галамал зодихъе ралев,

Маххул гьабуниги, галам толарев,

Гачил гьаруниги, сиял толарев.

Маххда рукъарулел, къазе кIоларел,

Над чагIи толарел чуялги рекIун,

Чуяздеял кьалал киласалъулал,

Вахъана ГIумахан гъизилбашалълъе.

ТIад тарихал хъварал дугьалги росун,

БацIил лъулдул ругел хъирмалги росун,

Дайитилал рачун, угъузилалгун,

Гьениса вилълъана нахъе Щорове.

Жанив гьиндив вукIун кIулден хьвагIидал,

Калаюриб каву кIал-кIала чIварав.

КъватIив ТIалде вахъун туманкI рехидал,

Тулписалда ханги жанив вахчарав.

 

Имам XIамзатчIвай

ГIенекке, гIадамал, хабар бицинин,

Ансал, генал рекъон диванги гьабун,

Гъов ГьоцIалъа ХIамзат имамлъунги тун,

Гъов Генуса Шамил муридлъунги тун,

Игьалиса СагIид къадилъунги тун,

Хабар рагIилалде, цIар бахъилалде

ЦIогьохъе рещтIана хундерил магъилъ.

Кьалал чучун, чуял магъилъе гъуна.

ЛъагIалий бекьараб бахьин ролъул хур

Хьиндалазул чаохъад чурхъулеб буго.

Гьаб Хангишил хуриб чадиралги чIван,

Кагътал ритIанила гъол хундериде:

КьочIокь месед лъурал хъахIал хъалаби

Гьел ЦIолбокьа гъоркье гьорогьун рала,

МукIурлъеян абе ГIумаханасда.

Жаваб гьабунила гъол хундерица:

Магъилъе росулел, гIорухъ рахъулел

ЧIегIерал хъирмаца ниж рахъиларо.

Чамги хъирим буго нижер хъаладухъ

ХъахIал тIагърал жидед ботIрода лъурал

Зодихъ цIваби гIадин горал гвангъарал,

Гурххун гIаркьел гIадин михъал кьурара.

Нужер умумузул курмал рорлъарал,

Нужер бидухъ гурищ гьел къечон ругел?

Дагьал тIадегIан къай, вакъалал тIагърал!

Гьанже тIаделъана хьиндалазул бо,

ТIадего кIанцIана ГьоцIалъа ХIамзат.

Бадру, УхIудалда ХIамзатил гIадаб

Цо хвалчен босана дол самилаца

Марва, Сафаялда ГIумар гIадинан,

Хвалченгун вагъана кIудияв къади.

Чаран хвалчабазул кьабгIи бихьидал,

Кьалул рачел къачIо гъол хьиндалаца.

РоцхъахIал хъирмазул речIчIи бихьидал,

ГIурччинаб мегъ тана гъов ХIамзатица.

Магъилъ чIвараб чадир нахъеги босун,

Гъова кьодухъ Тобтихъ живгоги рещтIун,

Гьанже чапар ана Бахухъе витIун:

Дурги дирги инсул дагIба батичш,

РачIа дагшадилин капурзабигун.

Киназго нилъеца кьал къотIи гьабун,

Кьалде лъугьинин нилъ тушманзабигун.

Бицине чи гьечIел гIисинал нуцай

Бициндал божана сихIирзабада.

Бицине чи гьечIей ШагьгIабасил яс

Сверизе гьаюна макирзабаца.

Цере чукъби рачун, хадуб рахьангун,

ВитIана ГIумахан тIаде ТобтитIе.

Магьдидарай бараб бартиги рекIун,

Нуцалханги щвана чодрол ракьанде.

ХIамзатил чодрода гьоболлъи бана,

Чадиралъул кIалтIа жал гIодор чIедал,

Аллагьасул калам цебеги босун,

ВагIза-хабар бицун, ХIамзат кIалъайдал,

Харбихъе гIодана гIисинал нуцай.

Гьанже сас биччана гъол хьиндал боялъ:

Бахъулеб, бахъулеб бо букIунаро,

ЦIовухъе гъурилин гIисинал нуцай.

Гьанже тIад рагъ лъуна гъоб хьиндал боялъ.

Бигьаро гIадинал гургинал гъуждул,

Хвалчаца кIурана ГIумаханасул.

ЛъикIлъи бихьугеги хьиндал боязда,

ЛъикIал гIолохъаби лъикI-лъикI гьарунин.

ГIумаханас кьураб чед кIоченчIого,

Чодрохъ чIун кьабгIарав цIадахIарисев.

Зоб-ракьалъул гIелму ракьалдайилан,

Хвалчен ккун хъетарав хундерил къади.

Мокъокъил руккдалъе къвекIаб цIум гIадин,

Хъвехъаризе варав Хизрил Дайитбег.

Руз жаниб толареб тайлан-хъарчигъа,

КьабгIезе рекIана Лъарахъа Алхас.

НакIкIулъан чвахулеб цIадал ихх гIадин

Бидул ихх биччана Тобтил рагIалда.

Мулк кодобе щварав апараг гIадин,

Гьанже гIодоцана ГьоцIалъа ХIамзат.

РекIее бокьараб кьал лъугьанилан,

ЧIинкьа-кIитIанила хьиндалазул бо.

Эбелалъ чехь къинлъун жив гIуралдаса

Чодул кьолониса нахъе вахъинчIев,

Чи гIун булугъалде вахаралдаса

Лъадигун вегизе ярагъ бичичIев –

Гьедун вуссанила гьитIинав ГIусман,

ГIумаханил хабтIа гIодовги кIусун.

ТIоргъод магIу бацIцIун, хъатица хер бан

Лъабго тIамун, цIуна паранг таманча,

Дуда речIчIарасда речIчIилин абун.

БачIанщинаб къоялъ лъазе гьабула,

Ярагъ борчун къватIив чи вахъунгеян.

Лъаравщинав вачIун, жинда бицуна,

Ярагъ борчарав чи чIвалилан абун.

Рорче, гIолохъаби, чармил хвалчаби,

Чучун нилъ толарин тушманзабаца.

РетIе, гIолохъаби, гъоркьан къолдаби,

Жакъа къел лъугьани, чилъи холебин.

ХъахIилал къолдаби гъоркьанги ретIун,

ЧIегIерал буртаби тIасанги ретIун,

ТIаде зоб гвангъараб такъияги лъун,

Къвалзукь бакI цIунарал рукьаллъалайгун

Гьедун къватIир ана гьел гIолохъаби,

Жакъа хьиндалазул хIал бихьилилан.

ЛъикIаб-квешаб бицун кагътидаги хъва

Жакъа ракI бухIизе жо гьечIин абун,

ГIусманги вилълъана бол мажгиталде.

Гъоба мажгиталда рещтIенги гьабун,

Цо-цо суннатги бан, жал гIодор чIчIедал,

ВачIине вихьула ГьоцIалъа ХIамзат,

ТIолго гьаб махлукъат кIкIвинеб хIалалда.

Бисмиллагьи бахъун, салават битIун,

Саламаб хIалалда жанив лъугьана.

ТIаде рахъайилан гьаракьги гьабун,

КIанцIун вахъанила гьитIинав ГIусман.

Рахъа, гIолохъаби, кин рахъинарел,

ТIаде щолев вугин кIудияв имам.

Гьаб кунан речIчIана паранг таманча.

Щай ле зигардулев, хьиндалазул хан?

Гьединин бахъараб ГIумаханил pyxI.

БухIулебищ бугеб, кIудияв имам?

Гьединин бухIараб Нуцалханасда.

Гьанже хвалчен лъуна гъол гIолохъабаз,

Бидул гIop биччана бол мажгиталда.

ГьоцIалъа ХIамзатил муридзабазул

БутIрул къватIир рана, чурхдул жанир тун.

Лъабкъого хьиндалав мажгитухъ чIвана,

Мажгитул гордахъан къватIире рана.

Гьеб гьереси абун лъачIес абуни,

Бидул гIop биччачIищ бол мажгиталда

Гьереси батилин бихьчIес абуни,

ТIамун чу свакалеб Къигъада авал,

Къаргъа гьабун течIищ тушманзабада.

Сверулеб, тирулеб бакъул дуниял.

 

АхIулгохIтIа ккараб рагъ

ГъазимухIамад чIварал

ЧIахIиял аскарзаби,

Жинца хвалчен бахъидал,

Рахъ-рахъалде лъутарав,

ГохIде гурараб солдат

ГIурулъе гъун гъурарав,

Зирани тушманасда

Чол гьан кваназабурав,

Дагъистаналъул муршид,

Муридзабазул, бетIер,

ШамилгIадав аздагьо

Эбелалъ гьавиларо.

ГIалил зурпукъан гIадаб

Жиндир мисрияб хвалчен

Чорхол pyxI босизегIан

Солдатазда кьабурав,

ТуманкIул гьабураб рагъ

Махсаролъун рикIкIарав,

Мисрияб хвалчен босун

Гъазаваталъ вахъарав,

РакIалда чаран бугев,

Черхалда гьунар бугев,

Горбода хъирим барав,

Хъатикье хвалчен ккурав,

ГIашилтIаса Малачи,

Чучи гьечIев багьадур

Щулалъул гохIда чIвайдал,

ЯхI хвана АхIулгохIил.

Бахъун хвалчен хъатикь ккун,

Малачи вагъулелъул,

Гаргадана аскарал

Асадалъухъ балагьун:

ГIадамасецин бикьун

Кьураб гьунар гурилан,

Жиндиего бокьухъе

Босселъун тун бугилан.

ГIелмуялъул мадрасал

Жинда жанир руссараб,

ЖамигIул Азгьаралда

ЦIар хъван батила нужер.

ГIакълуялъул камиллъи

Киназдасаго тIокIаб

Истамбул шагьаралда

Щущан батила бицен:

Нуж гIадал гъазизаби

Жидеда рагIичIилан,

Пачалихъалде данде

Къей гьечIого рагъулел.

Мисриялда ккараб рагъ

Рагълъунго рикIкIунаро,

АхIул гохIтIа ккараб рагъ

РагIарал гIадамаца.

Бадругун УхIудалда

Гъугъарал гъазизаби

ЦIакъго дагьлъун рихьула,

Гьелъул хIисаб гьабигун.

ГIенекке, гьудулзаби,

Гьанжеги хабаралде,

Малачиги чукъбиги

Тогейин битIараб бо,

Нусго солдат ворчIана

ЧIикIасезул рохьазде.

Гьал гьадин риччанани,

Нилъей нич букIинилан,

ХIалчIахъаял чIикIасез

ЧIва-чIван рана гIурулъе.

Гьекъезе лъим тIагIиндал,

ТIаде кIанцIун бахъулел,

Гулла-хер къваригIиндал,

Солдатал чIван босулел,

ГъалбацIил тIанчIи гIадал

ГIешдерил гIолохъаби,

ЧIвана Щулалъул гохIтIа

Ярагьунев щинав чи.

Валлагь, дозулги чIвана

ЧIухIарабщинаб аскр,

Кинниги гIемерлъиялъ

ТIагIинабизе кIвечIо.

Огь, мун гIодобе аяб,

ГIешдерил Щулалъул гохI,

Шамилил къвекIаб цIудул

ЦIар къотIизе гьабураб.

ТIун гIодорехун аял

АхIулгохIил кьураби,

Чамги магьидул хъирим

Хъундагъ бекун хупараб.

ЛъагIрибе муцIидалъе

ЦIар кIудияб аздагьо,

Ахбердилавги вачун

Чачаналдехун ана.

ЦIоралъул авлахъалда

Хъузхъул толареб гъалбацI

Хириясул ГIалибег

ГIарада речIчIун чIвана.

Расуласул халипа,

Хаттабил ГIумар гIадав

Лачен Малачил Сурхай

АхIулгохIтIа хутIана.

РагIанищ ле, гIадамал,

Гьадинаб хIакъаб хабар:

Цо лъабнусго муридас

Лъеберазар чи чIвараб?

Сордо-къо тIагIинегIан

ТIаде вуссун ургъидал,

Гьаб гуреб хатIру лъачIо,

Хадуб хъваяб ракIалда.

Дунялалъул ахIбарал

Рицинилан вукIарав,

Рицинего эл кIвечIо

Пагьму гьечIеб кIалалда.

 

АхIулгохIил къиса

Рагъул къуват дагьлъидал,

Росаби чучун ккедал,

Чара хварав имамас

ГIашилтIе нух бахъана.

Рагъул таваккал бугеб

Гъазаваталъул агьлу,

ГIешдерил жамагIатгун

ГIакълу данд базе ана.

ХIал бихьарал муридал,

Цебехъанао жамагIат

Имамасул вагIзаялъ

Асир гьарун рукIана.

АхIулгохI щула кквелин,

Шамил имам кIалъана,

Щулалъул гохтIа чIелин

Малачиги вахъана.

КIиябго гохI цIунизе

Муридзаби рикьана,

Малачил къапиладулъ

ЩунусгогIан чи ккана.

Шамилил муридзаби

Азарилъан рукIана,

ЧIужу лъималгин херал,

Нух гьечIеб гохIде ана.

Имам рагъухъабигун

АхIулгохIтIе вахана,

Рагъуй хIадурлъун ругел

Щулалъаби рихьана.

Щибаб щулалъиялде

Рекъон кколел тIамуна,

ГIешдерил гохI цIунизе

АнцIго мурид витIана.

Эзие нух малъизе

 

ХIажимурадил гьунарал

Балай, гIолохъаби, хабар бицизе,

Хунзахъ вахъарасул къиса рикIкIизе:

Инсул хабаде ун, гIарацги бикьун,

Бесдал лъималазе садакъаги кьун,

Къорол руччабазе гордалги гьарун,

Сахалщинал рищун чуялги рекIун,

Чилъи бугелщинал цадахъги рачун,

Нахъе цебе буссун тIикъва-магIги чIван,

КъачIаравин лачен ТешлахIаралде,

ТешлахIарго цIураб хъузхъузул рехьед

ЦIалад кIутIун цебе къотIилин абун.

ТешлахIаралде щун, давлаги гьабун,

РекIел мурад тIубан, илхъиги хъамун,

Хадуб бугеб ахIуй гъоркьчIелал гьарун,

Илхъи бацIун, цере чуялги рухьун,

РачIунел рукIарал, майдаби къотIун.

Дарагун хъазахъалъ гIарада бана,

КIудияв Даниял хадув лъугьана,

ЧIухIараб милиса цеое кIанцIана,

Сверизе гьаруна гьел авлахъазде.

Авлахъ эзии тана, рохьоре щвана,

ЧIахIияб гъветI къотIун, сангарал къана,

ГIисинаб гъветI къотIун, галаван лъуна.

Сангар гIечIелъубе синжир тIамуна,

Синжирги гIечIелъуб хъун чуял лъуна.

Чуязул чахьазда байрахъалги чIван,

Рагъизе квер бана гьитIинаб къокъа.

ГъотIодаса гъоркье гъеду киигин,

Рортула чодаса гьел милисаби.

Катица гъурулел гIункIкIал кинигин,

Гъурун балеб буго чIахIияб салдат.

ГIощтIоца чIван балеб рохьоб цIул гIадин,

ЧIван гIодобе бана дарагун хъазахъ.

Гьеб къо къасилдегIан дандеги рагъун,

Къаси нух бахъизе малълъ-хал гьабуна.

Хвалчаца рохь чапун, чуяз нух бахъун,

КъватIир рорчIун ккана гъалбацIил тIанчIи.

Хадуб ахIигимо, сверухъ кьвагьигун,

РачIунеб мехалда Жунгути кIанцIун,

КIудаб цIар босараб давла гьабуна.

Маххуца къачIараб Жунгутиб хъала

Хвалчаца бахъана дур хIалчIахъаяс!

Хъалаялда жаний ханасул бика

Чода нахъа къана ХIажимурадид!

БоцIи цебе къотIун, чуялги рачун,

Цо тIел нухар рагъун, цал цере рилълъун,

РорчIана бахIарзал тIадмагIарухъе.

Хъвехъизе хьихьарал ираван куйдул

Къасаб гьабун тана Талгим кIкIалахъе...

Путазул хIал лъалев къуларав шамхал,

Путаз цIамо риче дурго гIурусал.

Ражипер кваналеб гъоб лъарагI агьлу,

ГIорой гIоло кванай хъазахъазул гьан.

Жакъани дун нухтIа аравин, шамхал,

ТIадвуссун щвелалде хIадурго вукIа.

РекIее бокьухъе мурадги тIубан,

Хьул лъунщинаб давла кодобеги щун,

Гьунаралъ рахъана, рокъоре щвана.

Эбел къинаи лъугьун, вас гьавунани,

ХIажимурад гIадав гьавеги Бичас!

ГIисинал чIахIалъун, бахIарзал гIуни,

Эсул къокъа гIадал рахъаги васал!

 

ХIажимурад чIваялде

Цо диван гьабунила

ГIурусазул маврудас,

Балугълъарав чиясул

Ярагъ босилин абун.

Цоги рохел лъунила,

Диванбегзаби рачун,

Руччабазда тIад ругел

КIазал рахъилин абун.

Бихьиназул бакьулъа

Ярагъ босизе ккани,

Руччабазул чахтIал къан,

Рокъорейищ рилълъинел?

Руччабазда тIад ругел

КIазал рахъизе ккани,

Лъудбузул цIарал тIамун,

Полкалдейищ лъугьинел?

Къуръаналъул хатI босун

Хутхаги гIалимзаби,

Гьаб хIалалда Дагъистан

Тезе кIвелеб батани.

БоцIул васият гьабун

ТIагIаги наибзаби,

Хадур бояжи гьарун,

Цере рилълъинчIонани.

БоцIи данде гьабулел

ГIалимзаби рихьидал,

ГIажаиблъи гьабула

Я гьал жагьилзабаца.

Хъулухъалда рещтIарал

Наибзаби рихьидал,

ГIайибцин гьабиларо

Я гьал гIолохъабазда.

Вахъа, ле ХIажимурад,

ХIалай ХIайдарбег вачун,

Нужер хундерил тIалтIа

ГIурус рещтIун бутила.

Исхъалидул чухъбигун,

Чарамул хвалчабигун,

TIox бегIерал тIаргъалгун,

ТIолго муридзабигун

ТIаде вахъа, хунзахъев,

Цо Дагъистан бихьизе!

Дуда дагIба гьабурав

Таймазханил МахIамад,

ГодекIаниб ярагъ тун,

Рокъой лъутун рагIула.

Сайгъаталъе ячарай

Мун лъалей дур лъарагIай,

Мун хванилан рагIидал,

Къварилъуде кканила.

Мисри чарамул хвалчен

Чехьалъ гьабурай эбел,

Дур хабар кIалтIе щведал,

КIочон тана дуниял.

ДубгIа анищ къабулаб,

Къудраталъул БетIергьан,

Жиндирго чу-ярагь кьун,

Гьарилаан хунзахъес.

КьочIокь месед биччараб

ГIурусазул килиса

Гъун цIаялъ бухIилаан,

Дуда pyxI бугеб ани.

ТIохтIе лажбар биччараб

Килисаялъул хъала

Гъоркь хер бан кьвагьилаан,

Мун чIаго вугев ани.

ЧIондокьа ХIажиявгин

ХIайдарбег ругел ани,

ХIохьодаса вачун чи

Кварид гьанкъилароан.

ХIажиясул МахIамад

Наиблъун вугев ани,

Индиралъул гьапуде

Диван биччалароан.

Загьру кодоб букIунеб

Бидухъ гIашикъаб хвалчен

Хупаялда таниги,

Хула ханасул чадир

Чол малаца мерхьинчIищ?

Мегьед хъахIаб бартичу

Эрменияс аниги,

Шамахаялъул байдан

Бица багIар гьабичIищ?

Гьеб бакIалда боял тун,

Надир-шагь нахъвуссиндал,

Щайзе, гъалбацI, вуссинчIев

Имамасул гъапуде?

ХIалай чиго гьечIого,

Мунго вагъулеб къоялъ,

Хабар киндай битIичIеб

Ахъбердил МахIамахъе?

АхIуде гьалаглъарал

Хундерил гIолохъаби,

ГIелмуялде вуссарав

ИчичIалиса Къади –

Гьел хIалае щвелаан,

ХIал бугел цадахъ рачун.

 

Ахбердиласде

Хьиндалалъа баккараб

Нур меседил багIар бакъ,

НакIкIулъе тIерхьун индал,

Щайзе къварилъуларел?

Къиралзабиги рекъон,

Дуе гьабураб хвалчен

Къалинио зигардула,

Мун ракIалде щолаго.

Шамилие чIужулъун

Бика хъамурав лачен,

Чармил ракI гьурав гъалбацI –

Ахъбердилав, мун чIвайдал,

ЧIунтун кана Дагъистан.

Моздокалде чабхъад ун,

Чол илхъаби рачIарав

Ахъбердил вас МухIамад,

Вахъа дунял бихьизе,

Мун чIвайдал, чIалу бекун,

ЧIунтун кканин Дагъистан.

КъваригIина нилъее

Гьезул гIадал гьунарал.

Нусго чи кьунаниги,

Чухъа жидер кьоларел

Чанги лачен бегана

АхIулгохI бахъулаго.

 

Ермолов Дагъистаналде вачIин

ГIенекке, гIадамал, хабар бицизин

Я гьал ханзабазда хIал гьабурасул.

ЧIахъаял, кIалъаге, гьунар ахIизин

Гьунар бичас кьурав болъонил цIакил.

Паранг-гIурусазде чапарги витIун,

Хъазан шагьаралде хъван кагътал ритIун,

Камилияб салдат цадахъги бачун,

Рохьор гъутIбигIадал гIарадабигун,

ГъотIол хIухьдулгIадал гумпарабигун,

Зодихъ моцI бахъулел топалги росун,

КъачIана имансиз къватIив вахъине:

ЛъарагI чурхъилилан, чабхъен балилан,

ГьаркIасу магIарда чадрал чIвалилан,

ГIаймаки къварилъухъ топал лъелилан,

Бусурманлъиялде хвалчен хьвагIилин,

Дайтилазул хъала цIед бухIилилан,

ЦIияб гьатIан рагьун, кашиш телилан,

Квер гьечIев Сурхай-хан рехилин абун,

Доо гьидерил кьотIа хъала балилан.

ЛъарагI чурхъулебдай, чабхъен балебдай –

Чучи гьечIеб алмас Гьарил ХIасанхан!

Чол элхъи жаниб бан хурзал кунелдай,

Чарамалъул хвалчен СултIан-АхIмад-хан!

ГьаркIасу магIарда чадрал чIвалелдай,

Бахъарабго хвалчен – даргъулазул бо!

ГIаймаки къварилъухъ топал кин лъолел,

Росаби рухIулел я дол хьиндалал!

Бусурманлъиялде хвалчен хьвагIулищ,

Дол къелгин къаралал чIаго рукIагун!

Дайтилазул хъала цIед кин бухIулеб,

Долго цIадул хIубал – хIалчIахъаял хунз!

ЦIияв кашишги тун, гьатIан кин балеб,

ТуманкIуй ругьунал кIкIуялгин тIекьал,

Кьурулъ хIинкъуларел гIасалгин бакълъа.

ГIадамил гьан кунел гIахьвалгин балъхъа

Доб гьидерил кьотIа хъала кин балеб,

Чанги хъазахъ чIвазе хъирин чIухIараб,

Чанги ччугIа квараб хъуртма кIудияб

БахIрул Къулзум ралъад – доб гьидери.

ПиргIанлъун гъанкъаги чIваяв имансиз!

Гьелъул-долъул бицун бицардилагун,

Бица-бицаралда божун рукIагун,

Цо кагъат бачIана доба ЛъаргIиса,

СултIан-АхIмадил цIар мугъалдаги хъван

ХIасанхан хванилан, хабалъ лъунилан,

ХъистIаман анила доб хъалаялде,

ГIурус рещтIанила гъоб Яхсиялда,

Ярмалуп чIанила гъоб Жунгуталда.

Маххул хIосал рарал ханасул кабай

Кин ричIизе кIварал тушманзабазда?

Киражалъ гьарурал хъахIал хъалаби

ЧухIизе кин к!варал магIлунзабазда?

ГIайибни щиб бугеб ярмалупазда,

Нух гьабуралъусан хIама оилълъуна –

Гьакий нух гьабуна, хадув вилълъана.

Огь, дур талихI къаяв Азайни шамхал,

Щущазе гьаруна гьал бусурбаби!

Хъабчил чухъилъ къарал гъарин лъарагI

ГIурусал рихьидал, рохьазде ана.

Рагъулъ хIалго лъачIеб даргъулазул бо,

Ярмалуп вихьидал, хIатIит!а ана,

ГIодор накаби чIван, суждаги гьабун,

Къуръан нахъе рехун, хъанч кодоб босун

Мун нижерлъанилан, харж дуй кьелилан

Дуй хIал гьабуралъуб хIалай чIелилан.

Дараял ретIарал лъаргIи мусудул

Дин къуразул къвалакь къварид рагIула.

КъватI-къоного цIурал гIисинал лъимал,

Теркалъухъе рачун, ричулел руго.

БацIикьа тIурулел цIцIани гIадинан,

ТIурун инел руго я гьал ханзаби.

ЦIудукьа кьерулел мокъокъал гIадин,

Кьер-кьедулел руго цинги нуцаби.

Я гьал ханзабазул хайир бегьичIо,

Цинги нуцабазул ияхI бегьичIо.

Вахъинарищ тIаде, лачен ГIумахан,

ГIурусал кIурулеб кIелденги борчун,

ТIад тарихал хъварал дугъалги росун,

Дайитилал рачун, угъузилалгун,

ГIарахъ магIарда чIун, хвалчен хьвагIизе,

Къварилъул кIалтIу ккун гIypyc гъуризе.

Магьдикь дарай бараб бартиги рекIун,

Гъорлъе жорон унел байрахъчагIигун,

Аман Аллагь ани гъов ГIалисканди,

Ярмалупил чадир хвалчад къотIизе!

Цинги аман Бечед Жанбулат Халид

Ярмалупил бетIер тIаса босизе!

 

Япониязулгун рагъ

ГIенекке, гIадамал, хабар бицинин,

Нижги гIолел рутин гъазаваталде,

ГIурус хазинадух хираб pyxI бичун,

Бичасул диналде хилипалщинал

Хвезе гьаризилан къотIиги гьабун.

Халикъас лавхIалда бихьизе хъвараб

Чияда бихьларин, бихьиналлъун чIа.

БахIарзазда гъорлъе ярагъги борчун,

БахIарал мусудул росулъ хIалхьун тун,

Воре, гIолохаби, чучун хьвадуге,

Чияй хIакъирлъула, кIарчанлъи буни.

Мих кьурун чIезабе, кьалулъ яхI гьабе,

ЯхI баччизеянин къватIир рахарал.

Ниж рагъде рахулеб зухIа гIужалда,

Бакъулги нур сола, сипат хисула,

Сверун гIаламалда тIад накIкI хурхула.

НакIкI гIадин лъун бугин кIкIуялъул пача,

НакIкIулъанги кьвагьи, вай, кьалул кутак!

Кьурулъанги гъугъай – гьолеб тIад аскар!

Нахъего къачIого, къала гьел тIаде,

КъотIиго гьечIого, бала гIарада!

ГIодобе кколаро кьвагьунщинаб жо,

Кьабуралъ рехула кIихIи къотIун чи.

Рагъун гъира бугел, гъараде цIакъал,

ГъалбацIидул тIанчIи – тIад магIарулал

ТIагIун олел руго цо-цо, кIи-кIиккун.

Я гьал чачаназул чиго хутIичIо,

Чодасан вагьизе жидер чи гьечIо.

Чачан, гьириязул – асатIиназул

Инсанцин хутIичIо харбие нахе.

Гьединаб хIал-зулму хIехьезе кIвани,

ХIамил базарганги чода рекIина.

Черхалъул pyxI бичун, хвалчен хьвагIани,

Нужей гIарац буго, гIypyx гъегъ гIадин.

Гъира бугев гIадан полкалде вачIа,

Бициндал лъачIесда бихьидал лъала.

Борхьил чохьонисан чуялги рачун,

ЧчугIил мугъзадасан ралъадги бахун,

Рихьизе тIаде ун тIуризаруиа.

Мизанги битIарал, закон бичIчIарал,

Зоб-ракь бижарасде таваккал цIакъал,

Тамашаха, вацал, капурал руго:

АхIмадил шаргIалда рекъараб хIалалъ

Гьез гьабулеб гъаза, гъурулеб гIypyc.

ГIибранияв Муса Мисри ханлъана,

Мисриязул ракьда къапила гIадал

РачIун чIола боял гьел майдабазда.

ЧIаго ругелазул саламги буго,

Саламат вугев чи къанагIат вуго.

Ругъун щварал руго, щокълъарал руго,

Чуял кодоса ун, камлъарал руго.

МачI гъурарал руго, гъеж тIурал руго,

Гъванщида нахаса рорлъарал руго.

Медал-киласаца керен берцинлъун,

Каранда ругъун щун сахлъарал руго.

Рахуларел ругънал черхалдаги лъун,

Чол малаца мерхьун, гъоркь тарал руго.

Гъарин эбел-инсуй лъан батиладай?

Гъаримаб хIалалда ниж ругеб лъани,

Ракъун квананиги, квен билълъинадай?

Гуллил цIад баниги цIер гIадин тIаде,

ЦIар бакъвазе хъвачIев холевги гьечIо.

ЦIвабигIан гIарада тIаде баниги,

Жидерго диналъух дунялги бичун,

Чанги японияс хьвагIула хвалчен,

Хьвар-хьварун рехула чодаса гъоркье

Чалабаца къарал абицерзаби.

Чанги баяр вуго бидуца велъун,

Бадиб туманкI речIчIун, щапун гIодов ккун.

ГъежтIа чинал ругел чIахIиял полкал,

ЧIухIдай гIypyc гъурун, гъазаги тIубан,

Къойилго камула цо-цо миллион,

Кодоб щвараб гьечIо, щвараб ун буго.

Щиб балагь букIараб падишагьасда,

Петербургалдасан полкалги рачун,

Порт-Артур бахизе тIаде олаго?

Мукденалда бугеб салдат бакIарун,

Салдарасух ругел гIарадабигун,

Вилълъана инарал элгун вагъизе.

Гьесда наха бугеб кутак бихьидал,

Куропаткинасул кьер босун ана.

Кьвагьулеб туманкIул тамаша бегьун,

ЦIцIани гIадин салдат гъоркьа лъутана.

Наврудил си гIадаб халаялъул тIох

Хазмил гIарадабаз гьалак гьабуна.

Рагъуй гъира бугел магIарул полкал

Гьурра ахIун гъола гъорлъе рагъизе.

Гьанир лъимал ругел умумузул кьер,

Кьавуца махх гIадин, кваналеб гьечIищ?

Кьалда россаб ругел лъудбузул чтохдул,

Бакъуца цIер гIадин, биулеб гьечIищ?

Гьобогодай гьечIеб пачалихалъул,

ГьадигIанго нижей чед мукъсанлъизе?

Кутангодай бачIо гьазул ракьалда,

Кваназе чед щвараб къого бачIинчIин?

Я дур ханлъиялъул хвалчен бекаяв,

Хвалчада би бетун чIалгIулеб гьечIищ?

Ханзабазда жанив гIодовгIанлъаяв,

ГIазаб щай гьабулеб ддого халкъалъе?

Улка гIемерлъиялъ гIей гьабуларо,

РакIгин кIал мукIурлъун, кIибикIе бетIер!

Къирарзабалъ вагъун мун бергьинаро,

Тункила мун гIемер, ккела мун гIодов,

 

ЦIевехъан Ражбадинил кечI

Нугъаязда рищун чуялги рекIун,

Чергесалда рищун тIад кьалалги чIван,

Гъабарти буртаби нахъаги рухьун,

ЦIан рихьун хвалчаби чархидаги ккун,

Кьвагьун рихьун хъирмал хъатикьеги ккун,

Кьабун рихьун хунжрул рачлихъги рорчун,

Цо магIарулазул гьитIинаб къукъа

КъачIана ЦIоралде – Гуржистаналде,

Гуржиязул боцIул давла гьабизе,

Таватил мусудул асир гьаризе

Жаниб ЦIоралде щун щуго къоялде,

ЦIор бакьулъе кIанцIун, давлаги босун,

БутIрул меседилаб килиса бухIун,

Капур гуржиязул рукъзалги тIутIун,

Лълъурдузда натI бугел оцалги рачун,

Гъалал меседилал ясалги рачун,

Михъида xIyp чIварал васалги чIва-чIван,

Камилаб давлагун, дагьаб къукъагун

Къваридал нухазде нахърусун щведал,

Нухал ккун ратана хъаравулзаби.

– Ниж эбел-инсуе цо-цойин ругел,

Сухъмахъал рехун те, азнавурзаби.

Рачарал лъудбузе цоги гьечшн ниж,

Церехун риччан те, хъаравулзаби.

– Нуж эбел-инсуе цо-цо ратани,

Бакьулъаги къопун, кIи-кIи гьарила.

Рачарал лъудбузе цоги ратчIони,

БутIрул тIаса къотIун, къаркъала битIла.

Гьеб кIиябго рагIи кIалалъги абун,

Кьвагьдезе рекIана хIамул гуржиял.

Хунжруца гIypy ссун, сангарал гьарун,

Рагъде байбихьана магIарулаца.

Хайбар хъалаялда ГIали кинигин,

Ражбадинги чIана сонгрода нахъа.

ГъалбацIида цадахъ рузил тIинчI гIадав

Жиндирго вацасде амру гьабуна:

– РекIая дир чода, а мун Гъолоде:

ЧIахIиялщиназде гьикъари гьабе,

ГIисиналщиназда дир салам бице.

Дунги танин абе агьаб хIалалда,

ХIалае нуж щвани, шукру бугилан.

Лъабго къойил нухалъ жаниб ЦIоралде,

Къалъилалде щвана щинкIил хъахIао чу:

– Ассалам гIалайкум, жан гъолодасел!

– ВагIалайкум салам, Ражбадинил вац,

Гулла алхунарев, хер рагьаларев,

Хвалчен чучуларев, чу свакаларев.

Гуллайищ алхараб, херищ рагьараб,

Хвалченищ чучараб, чуйищ свакараб?

Хехаб ахIуд щвезе щиб нужей ккараб?

– Гуллаги алхинчIо, херги рагьачIо,

Хвалченги чучичIо, чуги свакачIо.

Сверухъ гъазахъ лъугьун тана Ражбадин.

Метер къалъилелде къукъа щвайилан,

Щварав дун нужехъе, жан гъолодесел.

Мажгит тIохтIе вахун, магъущ ахIдана,

АхIи бан росулъе васал тирана.

Чу-ярагъ лъикIал чи, лъудби цIакъал чи

Гьеб къоялъ къалъуда къватIир рахъана,

Метер радалиса бакъ-цIа боркьизе,

Рагъде щвелин абун ниятги гьабун.

ГIурда керенги цун, квералъ хъирим ккун,

ТуманкIул кIалалда кIкIуй-цIаги бетун,

Рагъулел рукIана Ражбадин къукъа.

Киндай-щибдайилан ворхун балагьдал,

БачIула бихьула щинкIил хъахIаб чу,

Гьороца хъамураб тIамах кинигин.

Над рекIарав вуго дирго тIинав вац.

Гьалагаб цIад оайдал щвараб гIop гIадин

ТIаде щолеб буго бачIунеб ахIи.

– Ассалам гIалайкум, Рекъав Ражбадин!

Къваридищ гьарурал гьал гуржияз нуж?

РещтIен гьабичIого, свак чучичIого,

Чарамул хвалчаби къватIире цIана.

Къокъал туманкIазул кьвагьи бахъана.

ГIиялъе кIанцулел бацIал кинигин,

Гъорлъе журан ана гьел гъолодесел.

ГьиракIли ханасул хъахIилаб чадир

Чол малакь мерхьана гьитIинав вацас.

Чадиралда жанир гуржи-хъазахъал

Хвалчаца гъурана гъолодесеца.

ТIаде щвараб ахIул кутак бихьидал,

Гьел гъолодесезул гьунар бихьидал,

Ярагъ гIодоб рехун, ретIел гIодоб бан,

Лъутизе рекIана тушазул къукъа,

ГIодизе рекIана гуржиязул бо.

Гьел азнавурзабаз аман гьарана,

Тавати ханзабаз хвалчаби кьуна,

Хвасар теян абун гьаб нухалда ниж.

Давла гIечIелъубе тIаде рехизе,

TIaca бахъун ретIел цадахъ босана.

Кумек къваригIани хIалае чIезе,

ХIамул гуржиялги цере къотIана.

Берцинаб цIар босун, лъикIаб давла щун,

Дол гъолодеселги нахъруссун ана.

Бичасул талихIалъ тушбабиги къун,

Бер гIорцIараб давла цадахъги босун,

МагIарул къукъаги рокъоб буссана,

Рекъав Ражоадинги ракI бохун щвана.

Гьеди-гьединалги тIагIиндал гурищ,

ТIагIаяб гьаб гIypyc гIемерлъун ккараб!

КIуди-кIудиялги хун индал гурищ,

Гьаб Дагъистаналда кверщел батараб!

КIал гьикъун рагъулел лъугIидал гурищ,

Гъуниб мегIералда хъала сокIкIараб!

 

Рекъав Ражбадиниде

РекIелъ чаран бугев чанги нахъбакIав,

Чархида хвалчен ккун, къачIан рагIула.

Чорхолъ ияхI бугев ГIинкъав ХIажияс

Алжаналъе рачел борчун рагIула.

БетIералда тIагърал багIаралги лъун,

ТIогърода чалмаби гIурччиналги къан,

Кьабун рихьун хунжрул бакьулъги рорчун,

ЦIан рихьун хвалчаби хьолбодаги ран,

Кьвагьун рихьун хъирмал мугьзадаги ран,

Къокъана Ражбадин жаниб ЦIоралде.

ЦIоралъул гIорхъоде жив щвараб мехалъ,

Цо гьари гьабуна Ражбадиница,

Аварагзабазул заманаялда

Зирарие гIадаб талихI кьегиян.

Хадубго гьарана гIолохъабаца:

Гьадал нахъа ругел гуржи мусудул,

Гьелги насиблъаги, гьардарав Аллагь!

Лълъарада натI бугел хъизихъил оцал,

Гьелги хъван ратаги, ТIадегIанасев.

Гуржи-ЦIорой кIанцIун, давлаги гьабун,

Доб ТIурисиналда мусудулги ккун,

Лълъарада натI бугел хъизихъил оцал

ЦIалаца кьабуна гIолохъабаца.

Гьединаб хIалалда, лъикIаб куцалда,

Камилаб давлагун жал рачIунаго,

Макьилъ бихьанила цевехъанасда,

Жиндир чаран хвалчен бидул хIориниб.

Хадубги бихьана – гIолохъабаца

Хонжрол гонгинисан биял гьекъолел.

Щибдай-киндайилан тIуркIун ворчIана,

Аллагь, мун бухIаяб – нух ккун батана.

– Нижее нух биччай, хIамул гуржиял,

Ниж эбел-инсуе цо-цо ругелъул.

Рачарал лъудбузе ниж хириял жал!

– Нуж эбел-инсуе цо-цо ратани,

Бакьулъа къотIила, кIи-кIи гьарила.

Рачарал лъудбузе ххирал ратани,

Лугби гьанир тела, бутIрул ритIила.

Зобалде роржине куркьоиги гурин,

Жакъа лъалагури, лъикIав цевехъан!

Ракьулъе лъугьине гузбиги гурин,

Гьайт, бихьилагури, гьитIинаб къукъа!

– Зодоре роржине куркьби гурелдай

Кьабун чучуларел чаран хвалчаби!

Ракьулъе лъугьине гузби гурелдай

Кьвагьун алхунарел роцхъахIал хъирмал!

Гьая, гIолохъаби, рахъая тIаде!

ГохI борхатаб бихьун къая сангарал!

Хунжруца гIypy ссун, сангарал къана,

Сангарал гIечIелъур хъвехъун оцал ран.

Къвал базе рачарал гуржи мусудул

КъотI-къотIун рехана сонгрол къадатIе.

Кьвагье, гIолохъаби, роцхъахIал хъирмал!

Кьабе, гIолохъаби, чаран хвалчаби!

Жакъа чучаравги дир чукъа гуро,

Чучун вагъарасул лъадул цIар ккайги!

Жакъа хваралазул хвелги шагьидаб,

Нахъе хутIаразул цIарги кIудияб!

Кьвагьа-кьвагьаралъуб речIчIи бихьидал,

Кьабураб хвалчадул къотIи бихьидал,

АхIдезе лъугьана хваяв командир,

Нуж гьитIинаб къукъа кисайин абун.

– Ниж гьитIинаб къукъа – нахъахьиндалал,

Гьаб къукъадул бетIер – Рекъав Ражбадин.

– ВачIа, ле Ражбадин, рекъел гьабизе,

ГIарац бокьанани – хъатица кьелин,

Месед бокьанани – рагIица кьелин.

Ясал рокьанани – чергесал кьела,

Васал рокьанани – васалги кьела,

Чакмабазда жаниб эгъе борхатал.

– Дурги дирги инсул рекъел батичIо,

Рекъела нилъеда хвалчадул пирхи.

КIиязулго инсул хиси батичIо,

Хис-хисун тIамила мазгарул гулла.

Нижей дуца кьолел ясалаздаса,

Нижей Бичас кьела хIурулгIинзаби.

Дуца нижей кьолел васалаздаса,

Бичас нижей кьела пирдавус алжан.

Дуца нижей кьолеб гIарацгун месед,

Бичас нижей кьела хIалалаб давла.

КIал гьикъараб рагIи данде бициндал,

Хъван кагъат битIана Гумур ханасде:

ВачIа, ле Гумур хан, Кор къварилъухъе.

ТуманкI речIчIунилан, би баккуларо,

Хвалчен кьабунилан, гьан къотIуларо –

Цo гIаламат буго Кор къварилъухъе,

Квер базе кIоларо магIарулазда

Хъатица гIарац кьун, гIурусги бачун,

ГIурдаде хер гIадин, салдатги бачун,

ВачIана Гумур хан Кор къварилъухъе,

ГIодов вукIанани, ракь багъарулев,

ТIаде вахъанани, зоб гьибигьулев.

– Вахъа, ле, мун тIаде, дир гьитIинав

РекIа мун дир чотIа, а мун Гъолоде.

Гьаниса Гъолоде щуго къойил нух,

Къалъилалде щвела щинкIил хъахIаб

Гьикъарийин абе, саламин абе,

Сверун гуржияз ккун танилан абе.

Вацасул чу рекIун, Гъолоде щвана:

– Ассалам гIалайкум, гъолодесеял!

– ВагIалайкум салам, цо магIарулав!

Гуллайищ алхараб, херищ рагьараб,

Хвалченищ чучараб, чуйищ свакараб?

Гулла алхинаро, хер рагьаларо,

Хвалчен чучиларо, чу свакаларо,

Сверун гIурусаз ккун тана багьадур.

Рохалий кьвагьулеб румаб гIарада

ГIурдаде кьвагьана, бо бакIарана.

Радал къалъизегIан тIикъва-магI чIвар

Къалъудаса нахъе чуял лъулъана.

Гьакълица мехтарал гьал гIолохъаби,

Гуржиял рихьидал, кIоларо чIезе.

КIалцIуца цулъарал гванзал бартаби,

Ругъун тIун рахъана Кор къварилъухъ

Миндарулъ хъат кьабун чуялги кьоло!

КъалъутIаса нахъе чабхъен гьабуна.

ГIодор накаби чIван, дун вагъулелъул

Цо гъугъай бахъана гъвелил ракьанда

Щибдай-кикдайилан тIаде ворхидал,

ТIаде щолев вуго дир гьитIинав вац,

Гьороца тIамураб тIамах гIадинан.

ТIадего щун буго гъелдерил ахIи,

Гьури чIвайдал балеб чвахунцIад гIадин.

– Ассалам гIалайкум, нуж магIарулал!

– ВагIалайкум салам, нуж гьолодесел!

Хъвашгелди, хъизанан гьикъардилаго,

Чодул къвалал къана гIолохъабаца.

Эрмени ханасул хъаладул чадир

Чол малакь мерхьана гьитIинав вацас.

Чадиралда жанир хIамул гуржиял

Хунжруца хъвехъана полохъабаца.

ГIалибегиласул чол бох бекана,

ГIалихIажиясул ччукIел бахъана,

Рекъав Ражбадинил наку гъурана.

Гьаб жо гьересиян лъачIез абуни,

Гьанал мачIу чIвачIищ Бидияралда,

Бидул гIop битIичIищ Кор къварилъухъе,

БутIрузул си бачIищ доб Баждабалда,

Эмен-вас хутIичIищ ал гъаримазул?

 

Исубги Имаразаги

Берцинай лъади тун, лъикIаб хъизан тун,

Вахъанила Исуб хъачагълъиялде.

РоцIанщинаб сордо ЦIоралдаги бан,

ЦIад банщинаб сордо магIарухъги бан,

Исуб лъугьанила хъачагълъиялде.

Гьединаб хIалалда гьундив вукIаго,

Хабар рагIанила гьел гъалбацIазда,

Исубил гIагарлъи ккун анин абун.

Я гьеб хабаралъул мухIканлъи лъайдал,

ЩуцIул гьеданила Исуб багьадур,

Дов ЧIарлъул началникI чIвалилан абун.

– Хекко тавбу гьабе, тирун тIадвусса,

Рилълъине ккун ругин Къобакъуялде,

Дов ГIасил ГIумарил бетIер къотIизе.

Имаразал рагш улъунги гьабун,

Гьениса рилълъанин Къобакъуялде.

Черемил кьодехун тIабагьаралго,

ВачIинев вихьула ГIасил кIудияв,

БецIбагIараб чода тIадеги рекIун.

Лабазанил чали сонгроеги ккун,

Щуябго патиран жанибги лъумо,

Кьвагьун битIун анин къокъаб бирданка.

Чодаса гIодов ккун чу батIалъидал,

Ахълъим бахун цере ниж щвараб мехалъ,

ТункIил гъугъай бугин гьолодесезул,

Исуб, Имараза ккун анин абун.

– РагIулищха, Исуб, аз бицунеб жо?

Рагъул, кьалул низам цIакъго бичIчIарав

КIиго гIарабияв цадахъги вачун,

Нилъ рачIунел рукIин лъачIебищ азда?

Цо гьаракь тIамунин дирго лъадуде...

– Вабабай, вададай, цIар бахъаяй дун,

– Дир Исубилалда релълъараб гьаракь!

ХъващтIан къватIий яхъун, хал гьабилалд

МахIладухъ чIун вугин вокьулев Исуб,

ШагьратIа чIун вугин гьав Имараза.

КIиго-лъабго туманкI дидехун кьвагьун,

Вабабайха, Аллагь, гьезул хIадурлъи!

Я чуял лъаларин, жалго лъаларин,

ГьебсагIат тIерхьанин Халатолонир,

Хадуб араб чабхъен чIун-ккун бачIанин.

Халатолонире жал щваралдаса,

Хъван кагътал ритIанин началникIасде:

– Абабай, вачIина дун нужер кверде,

ГIир эбелгун яцал къватIир риччани.

Хъачагъасул рагIи улъунги бихьун,

Риччан тун анила Исубил хъизан.

– ВачIалаха, Исуб, мун нижер кверде!

– Абабай, вачIина, щай вачIунарев,

Цеве началникI чIван, хадув наиб чIван.

ГIасил тухумалда тункIил цIаги гъун,

Гьебмехалъ вачIина дун нужер кверде.

Командир соролел сасалги тIамун,

ТIаде вахъанила кIудияв малгIун,

ГьебсагIат ахIанин кIиявго нукар:

Рилълъине ккун руго нилъ Туплисалде,

Туплисалда вугев сардарасухъе:

«ВачIунев рагIулин Исуб багьадур,

ЦIоралъул халкъалда михир бачине!»

Цоралъул халкъалда михир бачани,

Дурги дирги рагIи битIун кколарин,

Доб Байтулмукъадас тIаса бищанин,

Цо хасел реханин мутагIиллъуда.

ГIиса зодой араб рокъоре щванин,

Зодоб-гIодоб цвичIеб гамачI бихьанин,

TIaca тIаргъал рахъун, гъоркь эхетанин.

ФалхIукму лиллагьи гIалийюл кабир.

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»